Тема 10.Литературияб теориялдаса баянал малъи

 

Авалалда бицухъе литературияб теориялдаса баянал малъиялъулъ школазда гIунгутIаби руго. Аслияб гIунгутIи – мухIканаб тартиб гьечIолъи. Кидал кинаб баян теориялдаса кьолебали лъачIого, цо-цо учительзабаз гьелде кIварго кьоларо, цо тайпаялъ тIехьалда батухъе бачуна. Гьелда гIей гьабизе бегьилаан, ункъабилеб классалъул лъималазда лъазе кколелщинал баянал хрестоматиялда кьун ругелали. Масала: маргьабазул гIуцIиялъул ва гьезул пасихIаб мацIалъул хIакъалъулъ баян цIакъго мукъсанаб буго, гьединго халкъиялги литературиялги маргьабазда гьоркьоб батIалъиялъул бицунго гьечIо. Программаялда гьечIо, гьединлъидал тIехьалдаги батуларо художествияб литератураялъул мацIалъул хIакъалъулъ авалияб бичIчIи кьун, шигIруяб (кочIолаб) ва хабарняб каламалъул батIалъиялъул бицун, шигIруяб каламалъул чвахиялъулгун ва аллитерациялъулгун лъай-хъвай гьабун. Лъима­лазда лъазе ккола дандекквеял, эпитетал, рагIул битIараб ва хъвалсараб магIна. Гьебги кьун гьечIо. Гьоркьоб биччан буго героясул цогояб кIалъаялъул ва гаргаралъул хIакъалъулъ баян (диалог, монолог), гьединго литературияв героясул хIакъалъулъ кьезе кколеб авалияб бичIчIи. Гьединлъидал лъималазе гIураб къадаралда щолеб гьечIо теориялъулаб лъай. Баянаб жо буго малъулеб художествияб асаралъул кьучIалда гурони, теориялъул баянал ратIатIун кьезе бегьунгутIи. Амма авар литература бачунел учительзабазул гIемерисез теориялъул баян кьолеб буго асар малъун хадуб. Гьел руго чIванкъотIарал хIужабаздаса гIамлъиялде рачIиналъул нух. ГIаммалдаса хасалде рачIиналъул къагIида къанагIатги хIалтIизабуларо. Ахирал соназда методистаз ва машгьурал учительзабаз лъикIаблъун рикIкIунеб буго кIнабилеб къагIида. Гьезул мурадги буго, теория бичIчIиялде рачин гуребги, цебеккун теориялдаса баянги кьун, текст малъулелъул бачIинахъего гьелде мугъчIвай гьабизе, гьелдаса пайда босизе цIалдохъаби куцай. Масала: маргьабазул мацIалъе, гIуцIиялъе, тайпабазе цебеккун кьураб мухIканаб баяналъул кьучIалда классалда малъулезулги рокъор цIалулезулги анализ гьабизе тIамула: лъималаз маргьаялъул тайпа бицуна ва мисалаздалъун чIезабула гьеб гIажаибаб яги цогияб тайпа букIин, гьединго ратула цогидалги хаслъаби. Гьединго эпитеталъе баян кьола, чанго мисал бачуна, хадуб лъималазе тIадкъай кьола текст цIализе, эпитетал ратизе ва гьезул кIваралъул бицине. Гьедин гьабуни теориялдаса баянал лъугьуна художествияб асаразда гъорлъе нух бахъизе рес кьолеб кIуллъун.

БицанкIаби, кицаби ва абиял малъизе программаялда хасаб заман бихьизабун гьечIо. Калам цебетIезабиялъул цо дарс яги цойги заманги батун, учителас темаялда тIадчIей гьабуни лъикIаб буго. Гьеб гъорлъе лъугьиналъул дарсидаса хадуб, биианкIаби ургъи, кицаби тIами, гьел пасихIго цIали, гьезул магIна рагьулел гIисинал сочинениял хъвай, художествияб асаралъул анализалъе гьездаса пайда боси гьоркьоса къотIизе тезе бегьуларо.

ШигIруяб ва хабарияб каламалъе авалияб баян кьолелъул, малъараб хабаралдаса батIи-батIияб къагIидаялъул рагIабаздаса гIуцIарал предложениял ругеб гьитIинаб кесек босила ва чIезабила щибаб предложение чан слогалдаса гIуцIун бугебали ва кочIол куплетги босун, гьелъулги щибаб мухъги ва предложениеги босун, чIезабила слогазул къадар, данде кквела харбил бутIаялде, цинги рачIина хIасилазде: роцен батила. Хадусел дарсазда тIамила кколеб роцен батизе, чвахиялъе (аллитерациялъе) баян кьела, гьелъул кIваралъул бицина.

Аяв Акавовасул «Аздагьо чIвараб гIужрукъ» абураб асар малъулаго, баян гьабила халкъиялги литературиялги маргьабазда гьоркьоб бугеб батIалъи ва гIаммал рахъал. Маргьаялъул формаялда цIияб асар гIуцIулелъул, авторас халкъияб кIалзул гьунаралъул кинал рахъал хIалтIизарун ругелали бихьизабила.

Маргьабазул героязул гIаммаб образ букIин чIезабурабго гIaдин, лъималазда бичIчIизабизе ккола литературияв геройлъун хIакъикъияв чи восаниги, авторас гьесулъ рихьизарулеллъи жиндир заманалъул гIемерисел гIадамазул гIамалалъулъ дандчIвалел лъикIал яги квешал рахъал, хьвада-чIвадиялъул гIаламатал. Ункъабилеб классалъул цIалдохъабаз литературияв герой рикIкIуна хIакъикъияв чилъун ва асаралда рехсарал лъугьа-бахъиналги гIумруялда бицахъе ккараб жолъун. Гьезул пикру мекъаблъун гьабичIого, къваригIараб буго авторас гIуцIараб образ гIемерго гъваридаб, бечедаб, тIадчIун къачIараб, гьединлъидал художествияб даражаялде бахараб букIин бихьизабизе. Авалияб баян кьолаго, гара-чIвариялъул формаялда лъимал тIамила литературияв геро­ясул ишал ва гIамал-хасият аза-азар гьединал гIадамазе гIаммал рахъал рукIин чIезаризе, цогидал героязде данде кквезе, хIасилал гьаризе, героясул ишазулъ ва хьвада-чIвадиялъулъ живго авторасулги лъалкIал ва гьаракь-бакъан батизе. Гьелъ реc кьола пуланав героясул образалдалъун, авторасе абизе бокьараб жо баян гьабизе.

Щибаб цIияб асар малъулаго, цебеккун лъималазе щвараб теориялъулаб лъаялдаса пайда босила, теориялъул баянал гъварид гьарила, тексталъул анализалъе кьочIое росила.

Сайт создан по технологии «Конструктор сайтов e-Publish»